Сириялъул халкъалъе миллиард доллар биччазе буго донораз

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница гьабулеб буго Сириялда бугеб рагъулаб конфликталъе ахир лъезе ахIи.
АрбагI къоялда Кувейталда донорал-улкабазул конференциялда гьес абуна Сириялда ахIвал-хIал катастрофалде сверулеб бугин ва къо бахъанагIан квешлъулебги бугин.
Гьеб конференциялъул гIахьалчагIи-СагIудиязул ГIарабиялъ, Кувейталъ ва ГIарабазул Цолъарал Эмиратаз рагIи кьун буго сириялъул халкъалъе гумманитарияб кумек хIисабалда миллиард доллар биччазе.
Сириялъул ункъго миллионгIанасев чиясе чара гьечIого хIажатаб буго квен-тIех, дараби, жанир чIезе чадирал ва тIоцебесеб хIажалъиялъул абулеб къайи. Сириялда гражданияб рагъдаса гьанжеялде лъутун вуго 700 азарго чи.