Гонгадзе чIваялъул гIайиб чIезабун буго Пукачида

Украиналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул къватIиб хъаравуллъи гьабулеб департаменталъул нухмалъулевлъун вукIарав Алексей Пукач лъазавун вуго журналист Георгий Гонгадзе чIваравлъун. Киевалъул Печерский мухъалъул диваналъ гьесие къотIун буго гIумруялъго жанив тIамизе хIукму. Пукачил адвокатаз лъазабуна гьеб хIукмуялда тIасан гIарза хъвазе бугин.
Живго Пукачица инкар гьабуна журналистазе гьеб хIукмуялда тIасан комментариял кьезе ва абуна гьеб ишалъул мухIканлъи Украиналъул вукIарав президент
Леонид Кучмада ва ТIадегIанаб Радаялъул спикерлъун вукIарав Владимир Литвинида лъалин, гьезда гьареян комментариялин.
Гонгадзе чIван вукIана 2000 соналда. Гьев чIваялъе букIараб гIиллалъун рехсола улкаялъул бищун тIасияб нухмалъиялда коррупциялъул хIакъалъулъ гьес макъалаби хъвай.