Мисриялъул Порт-Саид шагьаралда ккарал тунка-гΙусиязул къурабаназул къадар бахун буго 22 чиясде, лъукъун вуго 200-ялдаса цΙиккун.
ГΙадамал къватΙире рахъун руго, гъоркьиса гьеб шагьаралда протесталъул акциязда низам хвезабиялъул гΙайиб гΙунтΙизабун ккурав 21 чиясе диваналъ чΙваялъул хΙукму къотΙиялда жал разигьечΙолъи загьир гьабизелъун.
Гьелда цебе Суэц шагьаралде нухмалъиялъ ритΙана рагъул къуватал ва танкал, гьениб низам хвезабиялъул багъа-башари байбихьиялда бан.