Тахрир майданалда цΙидаса протесталъул акцияби унел руго

Рузман къоялда Мисриялъул тахшагьар Каиралда демонстрантаздаги полициялдаги гьоркьоб ккана тунка-гΙуси. Полициялъ хΙалтΙизабун буго магΙу бачΙинабулеб газ демонстрантаз полициялъулазде ганчΙал ва цΙа рекΙинабулеб лъамалъигун шушби реххизе байбихьараб мехалда. Тунка-гΙуси байбихьун буго сордо-къогΙанаб заманалъ Тахрир майданалда халат бахъараб нухмалъиялде данде акциялда хадуб. Гьеб хурхуинабун букΙун буго Президент Хосни Мурабарикил режим тΙасса рехун кΙиябилеб сон лъугΙиналда бан.

Мисриялъул гьанжесев президент МахΙамад Мурсиде дандечΙараб оппозициялъ гΙадамал ахΙана протесталъул акция халат бахъинабиялде, Мурси ва гьесул рахъ ккураб исламистазул «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башариялъ хияналъе гьабунин 2011 соналъул инкъилабалъул диналде хурхун гьечΙел хазинабазеян абун.