Талат къоялда Израилалда тΙоритΙарал рищиязда гьитΙинабго тΙокΙлъигун бергьун буго премьер-министр Беньямин Нетаньяхул «Ликуд» партиялъ нухмалъулеб коалиция.
Цереккунисел хΙасилазда рекъон, Кнессеталда гьелъие щолеб рагΙула Ι20 бакΙалдаса 31. Гьеб блокалде гъорлъе гьединго унеб буго къватΙисел ишазул министрлъун вукΙарав Авигдор Либерманица нухмалъулеб «Нилъер рукъ Израиль» абураб партияги.
КΙиабилеб бакΙалда буго тележурналистлъун вукΙарав Яир Лапидица нухмалъулеб «Еш Атид» абураб партия. Нетаньяхуца рагΙи кьуна кΙудияб коалиция гΙуцΙизе. Гьес лъазабуна, жиндир аслияб масъала кколила Ираналъе ядерияб ярагъ гьабизе биччангутΙиян.