Евроцолъиялдаса нахъе лъугьиналъул суал баккун буго Британиялда

Евроцолъиялъиялъулгун перспективаялда рукΙинесел гьоркьорлъабазул бицунеб каламгун Лондоналда цеве вахъана Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерон.

Гьес лъазабуна, нагагьлъун 2015 соналда тΙоритΙизесел рищиязда жинца нухмалъулеб Консервативияб партия бергьунеб бугони, жинца гΙамал гьабизе бугила Британия Евроцолъиялдаса нахъе лъугьиналъул суал лъураб референдум тΙобитΙизеян.

Гьединаб калам гьабизе британиялъул премьер-министрасул планалда букΙана цебесеб анкьалдаго. Амма гьеб нахъе бахъун букΙана Алжиралда гΙадамал гъоркьлъалие росиялда бан.