Израилалда болжал лъугьинелдего тΙоритΙулел руго парламенталъул рищиял.
Кнессеталда бугеб 120 бакΙ щвеялъухъ къеркьолеб буго 30 партия. Парламенталде щвезе ккани, партиялъе щвезе ккола гьаркьазул минимум 2 процент. Ахирисел гьикъа-бакъияз бихьизабуна, бищунго гΙемер гьаркьазул къадар гьанжесев премьер-министр Биньямин Нетаньяхуца нухмалъулеб «Ликуд» абураб коалициялъе щвезе бегьи. Гьеб блокалде гъорлъе гьединго унеб буго къватΙисел ишазул министрлъун вукΙарав Авигдор Либерманил «Израиль нилъер рукъ» абураб партияги.
Гьаркьал кьеялъул низам улкаялда цΙунулеб буго 20-азарго полициялъулас.
Нетаньяху болжал лъугΙинелдего рищиял тΙоритΙиялде ккана, 2003 соналъул бюджеталдалда хурхун кабинетгун цо пикруялде вачΙине бежаричΙолъиялда бан.