Тибилисиялъул диваналъ Адеишвили кквезе хIукму гьабун буго.

Тибилисиялъул шагьаралъул диваналъ хIукму гьабун буго юстициялъул вукIарав министр Зураб Адеишвили кквезе.

Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб «Карту» абулеб банкалъул банкротлъиялда хурхен букIин.

ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон гьединаб гIайиб гIунтIизабун буго жеги щуго чиясде. Гьел киналго ккола тIадегIанаб даражаялъул пачалихъиял хъулухъчагIи.

«Карту» абулеб тIадехун рехсараб банкалъул бетIергьанлъун кколагуржиязул гьанжесев премьер-министр Бидзина Иванишвили.