Гьаб гIагараб заманалда жанир Гуржиялъе ине руго аваразул миллияб автономиялъул вакилзаби. Гьезие къваригIун буго гьенир гIумру гьабулел магIарулазда аскIоб гуржиязул цо-цо миллатчагIаз гьарулел ишазда тIасан хIукуматалъул бугеб пикру лъазабизе.
Гамсахурдиал заманалдаго гIадин, Гуржиялъул тIалъиялда хиса-басиял ккедал, гьанже цIидасан байбихьун бугин миллатчагIаз бетIер эхеде борхизеян бицана ЭР-лъе Тивиялдаса гIадамаз.
ГIорхъолъа ун гьезул ццим бахъинабураб иш ккун буго гьанжегIагар - тIубанго бусурбабаз гIумру гьабулеб гьезул росу бакьулъ лъабго метралъул борхалъиялда лъун буго маххул гьабураб хъанч. Росуцоялин абуни чанго соналъ тIатIалаго гьардолел руго бакIалъул хIакимзабазда вакъфуялъе бахъараб ракьалда жидее мажгит базе биччаян.
Хъанч лъеялда гIей гьабун чIечIого, 1988 соналда Звиад Гамсахурдиаца Тивиялде гочинарурал гIачIаразул чагIаз росулъе жанире рачIунеб нухда лъун батун буго жидерго мацIалда «Мтисубани» абун росдада цIар хъвараб гIаламатги. Гьеб ккола Аджариялда букIараб гьезул росдал цIар.
Мтисубаниялдаса гочинарурал гIачIаразде тIаде жеги чанго хъизан 1990 соналда Ахалсопелиялдасаги гочинабун буго Гамсахурдиаца Тивиялде.
Бицунеб буго Тивиялдаса гочун гьанже МахIачхъалаялда гIумру гьабулев Ибрагьимов Бадрудиница.
Ибрагьимов Бадрудин: "ТIабигIияб балагьги ккун, гIачIарал хIукуматалъ нижехъе рахъинарун рукIана, 20-30 рукъги бан букIана гьезие. Амма цIияб бакIалде ругьунлъичIого, цо-цоял нахъе ана гьениса. Аниги, гьел ракьал нижее кьечIо хIукуматалъ. ТIаде гIолел нижер хъизаназе гьарулел рукIана нижеца гьел. Гьедин гьел кьуна Ахалсопелиялдаса рачIарал гуржиязе.
Гьеб мехалдаго нижеда данде чIун рукIарал "звиаидистал" ккола гьабсагIаталда гьадал пишаби гьарулел чагIиги".
Бадрудиница абулеб буго Саакашвилил заманалда миллатазда гьоркьосеб политика дагьаб сабураб букIанин, цоцалъ ракIхварал хIужаби кколароанин гьеб мехалда Гуржиялъ.
Ибрагьимов Бадрудин: "Саакашвилил заманалдаги лъугьун рукIана росулъ хъанч лъезе. Амма КГБялъул чагIиги рачIун нахъе бахъана. Щайгурелъул Саакашвилица миллияб политикаялде лъикIаб кIвар кьолаан. Гьанже Иванишвилица абулеб буго Гуржиялъ аслияб дин христианство бугин, гьединлъидалин хъанчги лъун миллатчагIазги бетIер борхизе байбихьулеб бугеб".
Тиви росдал вакилзабаз абулеб буго жидеца Иванишвилил хIукуматалдаги тIубанго гIайиб гьабуларин, щайин абуни гьенир жегиги лъугIун гьечIин политикиял хIаялги, жибго хIукуматги жеги тIубанго гIуцIун бахъун гьечIилан.
Гуржиялда Тиви гуребги жегиги руго магIарулаз гIумру гьабулел росаби. Амма гьенир кколел гьечIо гьединал хIужаби. Гьелъие гIилла гьадин бихьулеб буго Бадрудинида.
Ибрагьимов Бадрудин: "Нижер росу кидаго центр гIадаб бакI букIана. КIудиябги букIун, кьаби нижер росдада щолаан. Гамсахурдиал заманалдаги нух къан, къварилъи нижее гьабулаан. Бакьулъ буго гьеб. Гьоркьохъеб лъай кьолеб школаги нижехъ букIана, хутIарал росабалъ байбихьул, яги микьго сонил рукIана гьел".
Гьеб киналдасаго хадуб Тиви росдал жамагIаталъ ахIун данделъигун гьоркьоб лъун буго гьеб суал. Амма гьениве доб рахъалдаса цо чи гурони вачIун гьечIо. Цадахъ гIумру тIамизе бокьун батани, гьеб росдал авалалъул гIаламат батIияб рахъалда лъейин абун буго магIарулаз. Амма гIачIаразул вакил разилъун гьечIо, жидее батIа чIараб росу гьабизе къваригIун бугилан. Гьеб мехалда магIарулаз жаваб кьун буго батIа кIанцIун чIараб росу къваригIун батани, доба Ахалсопели абун гуржиязул росу бугин, доба лъейин нужерго хъанчги гьеб авалалъул гIаламатги.
Тиви росдал гIадамаз квер хъван гьечIо гIачIараз лъураб хъанчалда. Щайин абуни гьезда гьеб бихьулеб буго жал цо питнаялде цIазе къваригIун лъураб жолъун.