«МугIрул тун авлахъалде рахъунел магIарулал»

Дагъистаналда ругел гIемерал политикиял, социалиял, экономикиял ва миллиял суалал цадахъ данде рачараб масъалалъун рикIкIине бегьула мугIруздаса гIатIиракьалде гIадамал гочиялъул масъала.
МагIарухъ гIумру гьабиялъул шартIал лъикIал гьечIолъиялда бан рикIкIадал районаздаса гIадамал гIатIиракьалде гочиналъул процесс Дагъистаналда унеб буго анцI-анцI соназ.

Советияб хIукуматалъул заманаялъго гIатIиракьалда росдал магIишат цебетIезабизе мугIруздаса хIалица гочинарурал гIадамаздаса гьабсагIат кIуди-кIудиял росаби лъугьун руго лъарагIлъиялда.

Амма гьениб бищунго гIажаиблъизе ккараб жо буго, мугIрузул районазда гъорлъе унел росаби хIакъикъаталда жалго лъарагIлъиялда рукIин. Гьедин хъвалеб буго жиндирго тIехьалда гIалимчи Константин Казениница.

Киналго гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазул регистрация гьабун буго магIарухъ. Мисалалъе, ЛъаратIа ялъуни ЦIумада регистрация бугел, киданиги гьенире щвечIел лъималазул цIияб гIел буго гьел росабалъ. Руго цо-цо росаби, магIарухъ цониги чи хутIичIого киналго гIатIиракьалде гочаралги, амма гIадамал кигIан цIикIкIанагIан, гьел росаби Дагъистаналъул картаялдецин росун гьечIо жеги.

Совет пачалихъалъул заманалда хIукуматалъул планалда рекъон гочинарулел рукIун ратании гIадамал, 90-абилел соназдаса нахъе гьеб процессалда хадуб хал кколел чагIи гьечIилан хъвалеб буго журналист Мусаев Мусаца. Гьесул пикруялда рекъон, гьединаб ургъичIеб миграционнияб политикаялъ кватIичIого роцIцIине кIоларел проблемабазде рачине бегьула.

ГьабсагIаталдаги бакI-бакIазда загьирлъулел руго хIалуцарал миллиял гьоркьорлъаби. Мисалалъе, Гъаякент мухъалда щибаб соналъ ихдалил байрамкъоязда лъималазда гьоркьор тIоритIулел гугариялъул къецазул заманалда даргияздагун лъарагIазда гьоркьоб кколеб кьал гIадатлъун лъугьун бугилан бицунеб буго рехсарав журналистас.

ЛъаратIа районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул нухмалъулев, гIемер соназда Бабаюрт мухъалда колхозалъул председательлъун хIалтIарав МухIамадов ХIажица «Эркенлъи» радиоялъе рикIкIана Совет пачалихъалъул заманалда гIатIиракьалда колхозал гIуцIизе гочинарурал гIадамазул гьабсагIаталда ругел аслиял масъалаби.

МухIамадов ХIажияв: «Аслияб проблема буго гьел росабазул статус гьечIолъи. Статус гьечIеб бакIалда щибниги гIуцIун бажаруларо. Лъица щиб абулеб батаниги, Советияб заманалда гьенир шартIал чIезарун бажарулаан жалго гьенир ругел магIишатаз – колхозаз ва совхозаз. Гьенир гьабсагIаталда 90% халкъалъул хIалтIи гьечIого руго. КIиабилеб проблемалъун дица рикIкIинаан гьенир ругел хашал нухал.

Сверухъ ругел лъарагIазул росабазде руго лъикIал хъил тIурал нухал, гьенире абуни гьабсагIаталда машинаялда рекIун хIалица гурони рахъун бажаруларо, хIарщул цIун буго кинабго. Лъабабилеб масъалаги дир хIисабалда, лъим буго. Гьекъолеб лъимги цIакъго чорокаб гурони гьечIо, ракьал лъалъалеб лъимги дагьаб гурони гьечIо. Каналал чороклъун руго, гьел рацIцIад гьаризе хIукуматалъ дагьаб гурони гIарац биччалеб гьечIо, жалго гьенир ругел магIишатазулги къуват гIолеб гьечIо».

Кидаго гьенир гIумру гьабун рукIарал лъарагIаздаса гьенире гочарал магIарулал, даргиял ялъуни тумал тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел руго ахираб заманалда, ва кида-къадги гъелъ миллиял гьоркьорлъаби хIалуцинаричIого рес гьечIоян рикIкIунеб буго аваразул культурияб автономиялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбановас.

Константин Казенинил тIехьалда кьолеб информациялда рекъон, гьабсагIаталда гIемерисел мугIрузул районазда бугеб халкъалъул къадар дагь буго гIатIиракьалде гочараздаса. ГьабсагIаталда гIатIиракьалда ругел магIарулаз жидерго ишал тIуразе жидерго мухъ рикIкIад букIиналъ, регистрация гьабулеб буго гьенирго ругел росабазда. Гьелда бан, магIарулазул къадарги бугелдаса дагь бихьизабулеб буго халкъазул хъвай-хъвагIаял гьарураб документалдаян рикIкIунеб буго журналистас.

Дагъистаналъул миграциялъулаб идараялда «Эркенлъи» радиоялъе магIарухъа гIатIиракьалде гочунел чагIазул къадаралда хурхун мухIканаб баян кьезе кIвечIо. Константин Казениница хъвавухъе, рехсарал проблемаби руго Россиялда цохIо Дагъистаналъе хасиятал проблемаби ва гIемермиллатазулаб республикаялда гьеб суал нахъ бахъичIого роцIцIичIони хадур гьеб роцIцIине кIвезе гьечIо.