Гуржиялда амнистия щун буго политикиял туснахъазе

Гуржиялда лъабазаргогIан чиясе гьабизе бугеб амнистиялда хурхараб цIияб къануналъул гIурхъабалъ туснахъалдаса биччан буго жанир тIамуразул тIоцебесеб къукъа.
ГьатIан къоялда къватIиве виччарав 190 чиясда гуржиязул парламентарияз политикиял туснахъалин абулеб букIана. «Интерфаксалъ» лъазабулеб буго гьезда гьоркьор ругин «россиялъул жасусалин» абун жанир тIамун рукIаралги 2005 соналдаса 2011 соналде щвезегIан жанир тIамурал оппозициялъул акциязул гIахьалчагIигиян.
Президент Михаил Саакашвилица гъулбас лъун букIинчIо декабралда парламенталъ къабул гьабураб гьеб къануналда гъоркь. Гьеб къуваталде лъугьана президентасул вето депутатаз къезабун хадуб ва 12 январалда парламенталъул спикерас гъулбас лъедал.