Америкалъул президент Барак Обамаца ва афгъаназул лидер ХIамид Карзайица рузман къоялда Вашингтоналда къотIи гьабуна исана их щвелалде гьеб улкаялда тIоритIулел киналго рагъулал операциязул нухмалъи гьабизе ихтияр афгъаназул аскариязухъе кьезе.
Ихдалдаса нахъе америкалъул аскараз Афгъанистаналъул солдатал хIадур гьаризе ва консультациял гьаризе гурони гьечIо. Гьедин абуна Обамаца Карзайида цадахъ кьураб пресс-конференциялда.
Америкалъул лидерас гьединго абуна бищунго гIагараб заманалда жинца Пентагонгун гьаризе ругин Афгъанистаналдаса америкалъул аскарал нахъе рачиналъул суал хехлъизабиялда сверун консультациялин.
Цебе бицунеб букIана 2014 соналъул авалалде гьел нахъе рачиналъул.