Индиялда унеб буго ясалъе зулму гьабиялда щаклъи бугезда тIад диван

Индиялда кIудияб ахIи-хIур багъаризабураб ясалъе жинсияб зулму гьабунилан жанив тIамурав щугоязда гьоркьосан лъабгоязул адвокатас абулеб буго жинца цIунулел рухулел рукIанин ва гьезда гIайиб тIаде босизабулеб букIанин.
Хамиз къоялда диванханаялъул гIенеккиязда диванчияс абун буго гьеб ишалъул дагьабги мухIканго хал гьабизе кколин. Хадусел гIенеккиял рукIине руго итни къоялда.
Жанир тIамурал гIайибияллъун лъазаруни, гьел чIвазе хIукму къотIизе рес буго.
Гьеб ишалъул гIурхъабалъ жанив тIамурав анлъабилесе 17 сон гурони гьечIолъиялда бан, гьесул ишалъул хал гьабизе буго балугълъиялде рахинчIезул ишазул хал гьабулеб хасаб диваналъ.
Мединституталда цIалулей йикIарай 23 сон барай ясалъе зулму гьабун букIана 16 декабралда. КIиго анкьидасан Сингапуралъул азарханаялда хола гьей. Гьеб вахIщияб такъсиралъ кIудияб хъуй багъаризабун букIана улкаялда. ГIайиб бугел тамихIалде цIай ва руччаби цIуни тIалаб гьабун къватIахъе вахъун вукIана гIемерав чи.