Индия хIадурулеб буго Пакистаналъе жаваб кьезе

Индиялъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго Кашмиралда пакистаналъул аскараз чIван ватарав жидер кIиго солдатасул ярагъ нахъе босун ун бугоанин ва цояб жаназаялъул бетIер гьечIоанин.
Индиялъул къватIисел ишазул министр Салман Хуршидица абулеб буго жидер улкаялъ кколеб жаваб кьезе бугин. Гьединго лъазабулеб буго Делиялда вугев Пакистаналъул вакил Индиялъул къватIисел ишазул министрелъиялде ахIун вукIанин ва гьесухъе тIадехун рехсаралда бан протесталъул нота кьун бугин.
Индиялъул нухмалъиялъул версиялда рекъон, кьвагьа-гIанхъи ккун буго пакистаналъул аскариял контролалъул мухъ абулеб бакIалдасан Индиялъ контроль гьабулеб террориториялде рачIараб мехалда.
Исламабадалъ нахъ чIвалеб буго индиялъул солдатал чIванилан гьезда Делиялъ гьабулеб бугеб гIайиб.