Афгъанистаналда чΙван вуго британиялъул рагъулав

Афгъанистаналъул армиялъул солдат тΙадекΙанцΙиялъул хΙассилалда Гильменд провинциялда хун вуго британиялъул рагъулав. НАТОялъул цогиги лъабго рагъулав лъукъунги вуго. Данде кьвагьдеялъул хΙасилалда хун вуго тΙадекΙанцΙаравги.

Лъагьа-бахъаралъул цΙех-рех гьабиялъе гΙуцΙун буго хасаб комиссия.

Араб соналда жаниб афгъанистаналъул рагъулал тΙадекΙанцΙиялъул хΙассилалда хун вуго къватΙисел пачалихъазул рагъулазул 60 чи.