Узбекистаналъ гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго Киргизстаналде

Киргизстаналъулгун узбекистаналъул гΙорхъода бугеб Сох абураб бакΙ.

Узбекистаналъул хΙинкъигьечΙолъиялъул хъулухъалъ киргизстаналъул гΙорхъаби цΙунулезде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго узбеказ гΙумру гьабун бугеб Сох абураб анкалавалда конфликт бижинабиялъул. Идараялъ лъазабуна, киригизиялъул рахъалъ узбеказул анкалавалдаса гΙорхъаби цΙунулезул посталде элестроэнергия кьабиялъул мухъ цΙаялъул хΙалтΙаби байбихьанин. Гьелъ багъаризабуна конфликт бакΙалъулал гΙадамаздаги киргистаналъул рагъулаздаги гьоркьоб. Инциденталъул хΙассилалда киргизстаналъул гΙорхъаби цΙунулез лъукъанин узбекистаналъул щуго гражданав, ян лъазабулеб буго узбеказул нухмалъиялъ.

Киргизазул нухмалъиялъ лъазабун букΙана, Сох абураб анкалавалда гΙумру гьабулел тΙаде кΙанцΙанин гΙорхъаби цΙунулезул посталде ва гъоркьлъалие восанин машинаби автобусазда гьенисахун унев кирзистаналъул кΙикъогогΙанав гражданавин. Итни къоялда киналго киргизал эркен гьарун рагΙула.