Пакистаналъул Хайбер-Пахтунхва абулеб вилаяталда шалали лъаларез тIаде кIанцIи гьабун буго лъай-кьеялъул рахъалъан проекталда тIад хIалтIи гьабулев вукIарав Al-Khidmat Foundation абулеб гуманитарияб къукъаялъул бетIер Закир ХIусениде ва гьесул шоферасде. Гьев кIиявго речIун чIван вуго.
Сарваки абулеб бакIалда къеркьохъаназ чIей гьабулеб лъабго объекталде анцIгогIан ракета биччан буго воржарухъан гьечIеб боржароялдаса. Гьеб гьавадуо гьужумалъул хIасилалда ичIгогIан чи чIван вуго. Гьадин лъазабулеб буго пакистаналъул хасал хъулухъчагIаз.