Косовоялъул тIадтараз Сербиялъул президентасе виза кьечIо.

Косовоялъул тIадтараз Сербиялъул президент Томислав Николичие изну кьечIо Косовоялде вачIине. Николичил хиял букIун буго ГIиса авараг гьавураб къо баркизе гьенир гIумру гьабулел сербазда.

Приштинаялда къватIибе биччалеб Express абулеб газетаялъ рачунел руго Косовоялъул вице-премьер Хайредин Кучил рагIаби.

Гьес абуна Николичие вачIине изну кьезе буго жиндир иргаялда Белградалъги Приштинаялъул къукъаялъе изну кьуни гIемерал албаназ гIумру гьабулеб Жанубияб Сербиялъе рачIине.