ХI. МахIачев: «ГIурус миллатчагIазе ургъизе ккола хьвада-чIвадиялъул низам».

«ГIурусал» ян абураб миллатчагIазул цолъиялъул цевехъан Дмитрий Демушкиница гьалкъояз лъазабуна Россиялъул шагьаразда ругел кавказиязе гIоло хьвада-чIвадиялъул кодекс ургъи мурадалда хасаб комиссия гIуцIун бугин. Гьелде данде чIун руго Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулелги Кавказалъул цо-цо хIаракатчагIиги.
Россиялъул президентасда цеве вугев Дагъистан Республикаялъул вакил МахIачев ХIажица гьелда бан абуна, гIурус миллатчагIазда кIоларин кавказиязе тарбия кьезе.

Гьеб гьесул калам къокълъизабун гIемерал сайтазда тIибитIизабун буго.
МахIачев ХIажи разилъана нижер программаялъе хас гьабун тIубанго загьирабизе гьеб жиндирго пикру.

Your browser doesn’t support HTML5

ХIажи МахIачев.