Пакистаналда чIван вуго къеркьохъаназул цевехъан.

Америкалъул воржарухъан гьечIоб боржароялдаса Пакистаналда бугеб Жанубалъул Вазиристан абулеб бакIалде гьабураб ракетияб кьабиялъул хIасилалда чIван вугин экстремистазул къукъаялъул цевехъан Мулла Назир.

Гьесдаго цадахъ жеги ичIго къеркьохъан чIван вугин, лъазабулеб буго Пакистаналъул тIадтараз.

Мулла Назир пакистаналъул тIалибазде данде чIолев чи вукIанин ва гьев тIатдаразулгун цадахъ рекъон хIалтIулев вукIанин. Гьев разияв вукIинчIо тIалибаз аскариязде гьужумал гьариялде.