Гуржистаналда кьвагьи.

Гуржистаналъул Гори шагьаралда итни къоялъул радал кьвагьи бахъана. Къурбанал ккечIо. БакIалъулаб прессаялъул лъазабиялда рекъон кьвагьулеб алат шалали лъаларез хIалтIизабуна регионалияб полициялъул минаялда аскIоб. Официалияб рахъалъ гьелда хурхун баян гьабичIо.