Пакистаналда 8 къеркьохъан чIван вуго.

Пакистаналъул Шималиябгун Магърибалъул рахъалда итни къоялъ гьабураб хасаб операциялъул хIасилалда микьгогIан къеркьохъан чIван вуго.

ХIукуматалъул авиациялъ гьавадул кьаби гьабун буго ХIайбер-Панхтунхва абулеб вилаяталда бугеб тIалибазул балъгояб мархьиялде.

Пакистаналъул хасал хъулухъчагазул баяналда рекъон гьенир рукIарал къеркьохъаназул хурхен букIун буго 20-гIанасев полициялъулав чIваялда.