Сириялда хΙалцараб ахΙвал-хΙал хутΙулеб буго

Сириялъул ишазда сверун халкъазда гьоркьосев хасав вакил Лагьдар БрахΙимица лъазабуна, ахΙвал-хΙал улкаялда къойидаса къойиде хΙалуцунеб бугин. Амма гьанжеги ресал хутΙулел ругин политикиял къагΙидабаздалъун, ай, гьаб соналъул июналда Женеваялда дандбан букΙараб ракълилаб планалъул кьучΙода ситуация рукΙалиде бачиналъулин.

ГьатΙан къоялда Каиралда ГΙарабазул улкабазул лигаялъул штаб-квартираялда кΙалъалаго, БрахΙимица абуна, гьеб план хадусеб соналъул тΙоцебесеб бутΙаялда жаниб, конфликталъул кΙиго сон тΙубалелде, гΙумруялде бахъинабуни, лъикΙ букΙинаанин.

Сириялда Хомс провинциялда хΙукуматалъул къуватаз халат бахъинабулеб буго оппозициялъул къуватазде гьужум. Гьез ракетабазул къабиял щвезарулел руго Растан шагьаралда ругел гьезул позициязда. Шамат къоялда Башар Асадил режималъул къуватаз бахъун буго Дейр-Баалбех абураб мухъалъул центр. Тунка-гΙусиязул хΙасилалда хун руго гΙумер гΙадатиял гΙадамал, гьездаго гъорлъ 23 лъимерги.