Россиялъул улка цIуниялъул вукIарав министр Анатолий Сердюков рузман къоялъ рехсараб министерлъиялда бюджеталъул гIарац бикъиялъул ва коррупциялъул хIужабазул нугI хIисабалда суравалде ахIун вукIана Россиялъул ЦIех-Рех гьабулеб комитеталде.
Амма суравчиясул суалазе жаваб кьеялдаса Сердюковас инкар гьабун буго. Гьадин лъазабуна ЦIех-Рех гьабулеб комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница.
Пачалихъалъе гьабулеб зарал гIаммаб къадаралда англъго миллиардгун щунусго миллион гъурщиде бахунеб бугин, абулеб буго низам цIунулез.