ВатIанилан ахIарабила хIанчIицаги

Сирия-- ХIукуматалъул аскарияз биххизабураб бакI. 26Дек2012.

«Ахираб заманалда Сириялда унеб бугеб тунка-гIусиялъул ва рагъул хIасилалда битIахъе кIиго цIадул балагьалде гьоркьоре ккараллъун рикIкIине ккола Россиялда хIурият бахъилелдего ва гьеб бахъун хадуб Дагъистаналдаса Шамалъул ракьалде гочаразул наслаби.
ГьабсагIаталда гьеб улкаялда бугеб хIалги хIисабалде босун, дагъистаниязул наслабазе бокьун буго умумузул ватIаналде гочине ва лъутун рачIарал абураб цIарги, Россиялъул гаражданствоги щвезе».

Гьадин бицана гьеб масъалаялда бан «Черновик» газеталда тIобитIараб данделъиялда кIалъалаго Шамалде гочун рукIарал дагъистаниязул наслабазул вакил МухIамад Нур Нидалица. Махщалил рахъалъ гьев ккола тохтур, медицинаялъул гIелмабазул кандидат.

ЦохIо дагъистаниязул наслабазе гуребги, Россиялде гочине бокьун букIин загьир гьабун букIана гьеб улкаялде къисматалъ рачун рукIарал эрмениязул, черкесазул ва чачаназул наслабазги.

Данделъиялда кIалъалаго МухIамад Нур Нидалица абуна гьабсагIаталда умумузул ватIаналде, ай Дагъистаналде гочине бокьаразул къадар 200 чиясде бахунин ва аслияб куцалда гьелги кколин махщалил рахъалъ инженерал, тохтурзаби, мугIалимзаби. «Нижее хIажат гьечIо гIарац. Нижее къваригIараб жо буго лъутун рачIаралин абураб цIар ва Россиялъул гражданство щвей», - ян бицана МухIамад Нур Нидалица.

БатIи-батIиял гIиллабаздалъун къисматалъ цогидал пачалихъазде ккаразул наслаби ватIаналде руссунел ругони гьезие кумек гьабизе букIиналъул суал чанго нухалда борхун букIана Россиялъул президент Путиницаги.

Гьелъги батила, «Черновик» газеталда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъарав Халкъияб Мажлисалъул депутат МухIамадов МухIамадица абурабги гьеб суал депутатазда ва Дагъистаналъул президентасда цебе лъезе жинца кIвараб хIаракат бахъилилан.

Суал бачIунеб буго, улкаялъул президентас къварилъиялде ккарал ватIанцоязе, кир гьел ратаниги, кумек гьабизе бугин рагIиги кьолеб букIаго, щай гьезул масъала тIубазабуларого бугебин абураб. Щиб гьелда бан улкаялъул къануналъ абулеб бугеб?

«ГIумру гьабизелъун Россиялде рачIине бокьараз жидерго мурад загьир гьабураб кагъат хъвазе ккола миграциялъулаб хъулухъалде», - ян бицана Дагъистаналда бугеб миграциялъулаб хъулухъалъул цо бутIаялъул нухмалъулев Шагьов Шагьрудинца

Шагьов Шагьрудин: «Байбихьуда гьезул хъвай-хъвагIай гьабула 3 моцIрол болжалалъе. Гьеб заманалда жаниб нижехъе гьез кьурал баянал нижеца мухIкан гьарула Жанисел ишазул министерствоялдасан, улкаялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалдасан ва цогидалги идарабаздасан.

Хадуб гьез кагъат хъвазе ккола заманаялъ гIумру гьабизе изну кьейилан. Гьелдаса хадуб, ай заманалдасан гьезда тIадруссун ине ракIалда батичIони гражданствоги кьола».

Дагъистаналда бугеб миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъан Шагьов Шагьрудиница бицухъе, кIиябго улкаялъул гражданство щвезе кканани, кIиябго улкаялда гьоркьоб гьабураб къотIи-къай букIине кколеб рагIула. Гьединаб къотIи-къайин абуни Шамалдаги Россиялдаги гьоркьоб гьечIила.

«Черновик» газеталда тIобитIараб данделъиялда кIалъалаго, Россиялда хIалтIулев Шамалдаса мугьажир Шафи ГIахъущалица бицана жиндир компаниялъ щибаб лъагIалида жаниб магъало хIисабалда чанго миллион гъурущ кьолаанила Дагъистаналъул бюджеталде.

Гьев ккола проектал рахъиялъулгун ралел бакIазул «Импексстрой» абураб компаниялъул бетIергьан. Гьедин бугониги, анцIго соналда жаниб Дагъистаналда жиндие гражданство щвечIила.

Адыгеялдеги гочун, гьеб республикаялъул бюджеталде магъало кьезе лъугьиндал бащдаб лъагIалида жаниб Россиялъул гражданство щванила. Гьеб республикаялда ватIанцояздехун гьабулеб бербалагьи тIубанго батIияб букIиналъе нугIлъиги гьабулила гьеб хIужаялъ.

Туркиялда гIумру гьабун ругел мугьажиразул цо къукъа бачIун букIана исана риидал Дагъистаналде. Гьезги абулеб букIана жидее бокьилаанила умумузул ватIаналъулгун гьоркьоблъи цIуниялъул мурадалда Дагъистаналда минаби разе ва гьоркьоб-гьоркьобгIаги Дагъистаналде рачIиналъе гьеб сабаблъун батизе.
Амма тIубалайдаха гьезул мурад?

МуртазагIалиев АхIмад: «Дагъистаналда тIоцебесеб мугьажирзабазул съезд тIобитIулеб мехалда, гьенир къабул гьарурал хIукмабазул цояблъун букIана кIиябго пачалихъалъул гаржданство гьезие кьей. Амма цониги чиясе гражданствоги кьечIо ва гьеб суалги тIубалин абиялда дир кIудияб щаклъи буго».

Гьадин бицана МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул адабияталъулаб бутIаялъул нухмалъулев МуртазагIалиев АхIмадица. Гьесул рагIабазда рекъон, нилъер тIалъиялъ мугьажирзабаздехун гьабулеб бербалагьи рагIула щвалде щвечIеб.

МуртазагIалиев АхIмад: «Бербалагьи гьабулеб гьечIо я Дагъистаналъул тIалъиялъ ялъуни Россиялъул хIукуматалъ. Дагъистаналъ гIадин мугьажирзаби цониги Шималияб Кавказалъул республикабаз рехун тун гьечIо. Адигазги, кабардиназгун балкаразги, черкессазгун асетIиназги тIалаб гьабула жидерго мугьжирзабазул, нилъеца гьабуларо».

Шамалда ругел мугьажиразул суалалде тIадруссани, гьез абулеб буго аслияб куцалда умумузул ватIаналде тIадруссине бокьарал кколила мугIалимзаби, тохтурзаби, инженерал ва лъикIа-лъикIал махщелал кодосел цогидалги ишазул устарзаби ва гьездасан Дагъистаналъе пайда гурони заралги букIине гьечIила.

«ВатIан» абураб жамгIияб гIуцIиялъул баяназда рекъонин абуни, Шамалъул ракьалда гIумру гьабун рагIула дагъистаниязул наслабилъун жал кколел анкьазаргоялдаса ичIазаргоялде щвезегIан чи.