В. Познерил комментарияз бижинабизе бегьула цΙияб къанун

Россия ва гьелъул идарабазул дескридитация гьабулел къватΙисел пачалихъазул гражданазе федералиял телеканалазда хΙалтΙизе гьукъулеб къануналъул проект хΙадуризе ракΙалда буго Пачалихъияб Думаялъул депутатазда.

Машгьурав тележурналист Владимир Познерихъе гьез битΙараб кагътида абулеб буго, жидее ракΙалъе гΙечΙин дагьалъ цебе Пачалихъияб Думаялъул дупутатазда хурхун гьес бицаралъул магΙнаги, гьеб загьир гьабураб куцгиян. Бицен гьабулеб буго, ТΙоцебесеб каналалда Антимагнитскиябин абулеб къануналъул проект гьоркьоб лъолеб мехалда жиндирго программаялда Познерица гьарурал комментариязул.

Кагътида гьединал пикраби загьир гьарун руго ЛДПРпартиялдаса Андрей Луговояс, Колмпартиялдаса Олег Денисенкоца, «Единая Россиялдаса» Михаил Старшиновас ва «Справедливая Россия» партиялдаса Игорь Зотовас.