Инсанасул ихтиярал цΙунулеб россиялъул президентасул мажлисалъул гΙахьалчагΙазул аслияб къадаралъ конституциялде данде кколареблъун риккана Цолъарал штатазул гражданаз россиялъул бесдаллъимал рачине гьукъулеб къануналъул проект.
«Гьединаб редакциялда гъоркь гьеб къанун рухΙалде бачΙиналъ квербакъи гьабуларо къанунал рахъулел жидерго мурадазде щвеялъе. Амма гьелдаса рукΙине бегьула улкаялъул къануназул системаялъеги цогидал сферабазеги негативиял хΙассилал» - ян абулеб хъвалеб буго рехсараб мажлисалъул сайталда.
Лъазабиязда рекъон, документалда гъоркь мажлисалъул 63 гΙахьалчиясда гъорлъан жидерго гъулбас лъун буго 35 чияс.