Казахстаналда къан буго «Республикаялъул гьаракь» абураб газета

Казахстаналда къан руго «Республикаялъул гьаракь» абураб газета ва гьеб такрар гьабулеб интернет-сурсат. Талат къоялда Алматы шагьаралъул диван разилъана прокуратураялъул аргументазда ва гьеб газета лъазабуна экстремистияблъун. Дагьалъ цебеги гьединго диваналъул хΙукмуялда рекъон Казахстаналда чΙезабуна «Взгляд» абураб газетаялъул «К+», «СтанТВ» телеканалазул ва гьезул интернет-сурсатазул хΙалтΙи.