Сириялъул Халфайалда хун вуго 50-ялдаса цΙиккун чи

ГьатΙан къоялда чед гьабулеб бакΙалда авиакьаби щвезабиялъул хΙассилалда сириялъул Халфайя абураб шагьаралда хун вуго 50-ялдасаги цΙикΙкΙун чи. Ракета кьвагьун буго, чадида хадур читΙиралда гΙадамал чΙун рукΙараб мехалда. Централияб Хама провинциялда бугеб Халфайя буго Башар Асадил режималде данде кьеркьолел оппозициялъул къуватазул контролалда гъоркь.