Цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон Мисиралда тIобитIараб референдумалъул кIиабилеб туралда рищарухъабазул цIикIкIараб бутIаялъ улкаялъул цIияб Конституциялъул проект къабул гьабун буго.
Официалияб хIасил загьирабизе буго итни къоялъ. Оппозициялъул хIисабалда гьеб цIияб Конституциялъул автораз инкъилабалъул интересазе хияналъи гьабун буго.
Мисиралъул гьанжесев президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-башариялъул вакилзабазда ккола цIияб Конституциялъ демократия нахъеги цебетIезабизе бугин.