Дагъистан республикаялъул бетIер кин вищизе кколев?

ТIолгохалкъалулгун данделъиялда Россиялъул Президент Владимир Путиница бицана жинца рахъ кколин регионазул нухмалъулел тIолабго халкъалъ рищиялда.
Цебеккун къануналда рекъон, регионазул нухмалъулел рищулел рукIана Россиялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, бакIалъулал парламентазул депутатаз. Дагъистаналъул халкъалъ, жамгIиял ва политикиял хIаракатчагIаз кин гьеб къабул гьабурабали?

Политикиял къуватаз хIухьел ккун буго ва цо-цо МухIамадсалам МухIамадовасда сверухъ вугев чанго политикас гурони жидерго пикру загьир гьабичIо гьес суалалда тIаса. Гьезги киназго рикIкIунеб буго Дагъистаналъул бетIер вищизе кколин тIолго халкъалъ гуреб, бакIалъулаб парламент – Халкъияб Данделъиялъ.

«РитIухъаб Россия» партиялъул Дагъистаналъул парламенталда бугеб фракциялъул нухмалъулев Давдиев Камилица рикIкIунеб буго «Черновик» газеталда бахъараб макъалаялда, тIолгохалкъалъул рищияз гъоркьоги лъикIаб гуреб политикиябгун социалияб ахIвал-хIал тIадеги хIалуцинабизе бугин республикаялда.

Республикаялда ругел гIемерал политикиял къуватал цоцалъ къеркьезе риччан теялъ тунка-гIуси букIине бугилан рикIкIунеб буго гьес.

Дагъистаналдаса «Цолъараб Россия» партиялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Къурбанов Ризваница рикIкIунеб буго Дагъистаналда бакIалъулаб парламенталъ республикаялъул бетIер вищани гьелъул щибниги бегьунгутIи ялъуни къануналда дандеккунгутIи гьечIин.

ГьабсагIаталда вугев бетIерги гьедин вищарав вугин тIадеги жубалеб буго гьес. Гьесулалда релълъараб пикру загьир гьабуна цойги Пачалихъияб Думаялъул депутат СафаргIалиев ХIажиметица.

Живго Путиница бицана Россия цебего гIун бугин жидецаго регионазул нухмалъулел рищиялъе ва жинцагоги гьелъул рахъ кколин. Амма цо-цо миллиял республикабазул вакилзабаз нахъойги загьир гьабулеб бугин жидер регионазда бутIрул рищулеб къагIида батIияб букIине кколин.

«Мисалалъе, цо-цо миллиял республикабазда руго гIемерал батIи-батIиял миллатал. Гьенир дагьаб къадаралъ ругел миллатазда жидер ихтиярал дагь гьарулеллъун рихьулел руго. Киналго разияб хIал гьабизе ккола» - ян бицана Владимир Путиница.

Президентасул рагIабазда рекъон, халкъалъ жидецаго регионалъул нухмалъулев вищулеб мехалъ жавабчилъиги жибго халкъалъул цIикIкIун буго. Федералияб централъе бокьун гьечIо щибаб регионалъул нухмалъулесул гъалатIазухъ жавабчилъи тIаде босизе.

Дагъистаналда хIакимзабаз ва депутатаз тIолгохалкъалъул рищиязул рахъ кквечIониги, гIадатиял гIадамаз ва журналистаз рикIкIунеб буго Дагъистаналда ругел гIадамалги политикияб рахъалъ гIун ругин ахир-къадги жидецаго нухмалъулев вищизе.

Аваразул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев, журналист ШагIбанов Маркъоца Эркенлъи радиоялъе бицана гьес суалалда тIаса жиндирго пикру:

ШагIбанов Маркъо: "Дида ккола чара гьечIого рищиял тIоритIизе кколин. Жалго парламенталъул депутатал республикаялъул бетIер вищизе мустахIикъал чагIиян дида абизе кIоларо, щайгурелъул нилъеда лъала гьел жалго кин рищаралали. Гьез гьабулеб хIалтIиги щибниги гьечIо.

Кинаб къанун тIаса гъоркье биччаниги, гьелъие кверал рорхи гурони гьез габуларо. Гьебго гьабиларищха доваса кинав бетIер витIун вачIаниги. Гьединлъидал, бетIер вищизе мустахIикъаб идара гьеб бугин я дида, ялъуни цоги бокьарав дагъистаниясда гьеб бихьуларо".

Рищиял гьаруни гьанир ругел политикиял къуватазул цоцалъ къеркьеялъ ахIвал-хIал хIалуцинабизе бугилан бицунеб Камил Давдиевасул пикруялъе Маркъо ШагIбановас гьадинаб жаваб кьуна:

Маркъо ШагIбанов: "Гьеб гIахьучI буго. Гьеб жо абулел чагIаз дагъистаниял хIайванал ругилан рикIкIунеб бугилан абизе кIола дида, щайгурелъул, щивали лъаларев бетIер сабаблъун гIадамал жал жиделъ рагъизе руго абураб пикру буго гIантаб пикру.

Гьеб пикру загьир гьабулев чиги Дагъистаналъул тушман ккола. Гьел руго тIасан гьединаб буюрухъги кьун гьедин кIалъазе тIамурал чагIи".

ГIаксаб пикру гьабулезул цояв, Камил Давдиевас рехсараб суалалда тIаса кIалъазе инкар гьабуна, Пачалихъияб Думаялъул депутатазулгун бухьен гьабизе кIвечIо.

Цо-цо Дагъистаналдаса экспертазул ва политологазул пикруялда рекъон, миллиял республикабазда, хасго Шималияб Кавказалъул регионазда Кремлиялъ хIаракат бахъизе буго рищиял гьукъиялдалъун гуреб, цоги батIияб къагIидаялъ рищиязда асар гьабизе.

Дагъистаналъул политикаялъул ва экономикаялъул институталъул директор Дибиров ГIабдулнасирица информалатазе кьурал баяназда бицунеб буго федералияб централъ жидеего данде кколев кандидатги виччан, цогидазе рищиязда регистрация гьабизе гьукъизе бугин.

ГIага-шагарого гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабулеб буго политолог Руслан Гереевасги. Гьес кьурал баяназда рекъон, Москваялъ тIоцебесеб иргаялда хал гьабизе буго республикаялъул бетIерлъиялъуде жидеца рахъ кколев кандидатасул миллаталъул.

ГIисинал миллатаздаса чи бетIерлъун вукIине гьечIо, щайгурелъул чIахIиял миллатазул политикияб элитаялъ гьесул рахъ кквезе гьечIин абун бицана политологас.