Иркутскалъул диван миллатчагIазде данде.

Иркутск шагьаралъхул диваналъ къотIи гьабун буго кIиго студент цояв – цо соналъ, кIиабилевги микьго моцIалъ жанире тIамизе. Гьезда чIвараб гIайиб – вандализм, ай вахIшилъи.

Гъоркьисала гьез нацистазул свастика мажгиталъул ва синагонгаялъул къадада тIад чIвана. Гьел студентаз диваналда абуна, жидеца гьеб гьабунин жамагIияб пикру бихьи мурадалдаилан.

Жидеде гIунтIизабураб гIайибалъе гьел студентал тIубанго мукIурлъана.