Пакистаналда тIалибазул нусибетIер чIван вуго.

Пакистаналъул хасал хъулухъчагIаз лъазабулеб буго Жанубияб Вазиристан абулеб икълималда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда тIалибазул авлахъалъулав бетIер Маули ГIаббас чIван вугин абун.

ХIужа кканин Вана абулеб шагьаралда бугеб РустIам базаралда. Гьев гуревги – чIван вугин жеги лъабго чи. Гьезда гъорлъ ГIаббасил васги. Анлъго чи лъукъунги вуго. Лъица гьеб кьвагьи гьабурабали – жеги лъалеб гьечIин.