Сириялъул конфликт буссунеб буго динияб конфликталде

Сириялъул жанисеб конфликт заман арабгΙан буссунеб буго конфессиязда гьоркьосеб конфликталде.

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Сириялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул цΙехх-рехх гьабулеб комиссиялъул бетΙер Паулу Пинейруца лъазабуна, кΙиго сонгΙанаб заманалда Башар Асадил режималдаги яргъид гΙуцΙараб оппозициялдаги гьоркьоб унеб рагъулаб дандечΙей жакъа бихьулеб бугин нухмалъиялда ругел алавитаздаги гьезде данде чΙарал суннитаздаги гьоркьоб унеб конфликт хΙисабалдаян.

Санайилаб пресс-конференциялда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияв секретарь Бан Ки Муница лъазабуна, сириялъул конфликталда гьанжеги рихьулел гьечΙин нухмалъиялдаги гьезде дандечΙараздаги гьоркьоб диалогалъул киналгΙаги ишарабиян.