ЧΙван вуго Докку ГΙумаровасул божилъи бугев чи

Назраналда чΙварав лъабго боевикасда гъорлъан ХΙамзат Пугоев кколев рагΙула чачаназул сепаратистазул лидер Докку ГΙумаровасул божилъи бугел гΙадамазда гъорлъан цояв. Миллияб антитеррористияб комитеталъул лъазабиялда рекъон, цогидав Аюб Халадовасул хурхен рагΙула 2010 соналда Гудермес мухъалъул Хоси-Юрт росоялде гьабураб тадекΙанцΙиялда ва 20Ι2 соналъул октябралда Шималияб Осетиялда хвалде унес гьабураб кьвагьиялде. ЧΙварав лъабабилев щив вугевали гьанжеги чΙезабун гьечΙо. Тунка-гΙуси унеб мехалда лъукъун вуго ФСБялъул хΙалтΙухъан.