Навальныясул ишал цΙияб цΙех-рех бижинабун буго

Оппозиционер ва блогер Алексей Навальныясда хъурхун рагьараб такъсирияб ишалъул гΙорхъабазда, хΙадурлъи унеб буго Киров областалъул Пачалихъияб буголъиялъул департаменталъул нухмалъулевлъун вукΙарав Константин Арзамасцевасда хурхун цΙехх-рехх гьабизе. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Россиялъул цΙехх-рехалъул комитеталъул официалияв вакиль Владимир Маркиница.