Афгъанистаналда бомба кьвагьун хун йиго 10 яс

Афгъанистаналъул Нангаргьар провинциялда бомба кьвагьиялъул хΙасилалда хун йиго ичΙгоялдаса 13 соналде щвезегΙан гΙелалъул 10 яс. Информациялъул алатазул лъазабиязда рекъон, гьел ясал рукΙун руго цΙул бакΙарулел.

БакΙалъулаб нухмалъиялъул вакиласул пикрялда, гьел къурбаналлъун лъугьун ратизе бегьула цогидазе лъун букΙараб кьвагьул алат хΙалтΙиялъул хΙассилалда.