Л. Алексеева: "- Болотнаялъул ишги" сталинил репрессиялги релъарал руго".

«Болотнаялъул ишалъул» фигурантазда тΙад диваналъул процесс Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетΙер Людмила Алексеевалъ дандбалеб буго рихьдае гьарулел рукΙарал сталинил процессалгун. Гьелъ журналистал ва инсанасул ихтиярал цΙунулел ахΙулел руго гьеб процессалъе квал-квал гьабиялде.

Алексеевалъул рагΙабазда, тΙадтаразе бокьун буго букΙинего букΙинчΙеб гΙемер халкъ гΙахьаллъараб низам хвезабиялъул гΙайибал гΙунтΙизабун, гΙадамал туснахъазде реххизе. Гьелъулго рагΙабазда, букΙана ОМОНалъул провокация. Гьелъ кколоннаялъе нух къаялъе гΙоло Болотная майданалде нух чΙедерлъизабуна. Гьелъие гΙоло бижана гьениб рихха-хочиялъул ахΙи-хΙур.

Инсанасул ихтиярал цΙунулелъул рагΙабазда, «болотная ишалда» хурхун аресталде гъоркье росун руго активисталлъунцин кколарел гΙадамал.

6 маялда Болотная майданалда ккаралда хурхун цΙехх-рехх гьабулеб буго Ι6 чиясда хурхун.