Каспийскалда чΙван вуго бовиказде хурхен букΙине бегьулев чи

Каспийскалда полициялъулаздаги боевикасдаги гьоркьоб ккараб кьвагьдеялъул хΙасилалда хун вуго ахирисев.

Дагъистаналъул низам цΙунулел идарабазул лъазабиялда рекъон, гьес инкар гьабун буго полициялъул тΙалаб тΙубазабун, документал рихьизаризе ва гΙамал гьабун буго лъутизе.

Цебеккунисеб информациялда рекъон, гьесул хурхен рагΙула «рохьилазулгун».