Сириялъул оппозициялъ гІуцІун буго цІияб мажлис

Президент Башар Асадил режим тІаса реххун хадуб, пачалихъиял институтал рих-рихун иналъул хІинкъи бакканиян абун, сириялъул оппозициялъул вакильзабаз гІуцІун буго «Эркенаб миллияб мажлис» абураб гІуцІи. Гьелде гъорлъе ун руго сириялъул оппозициялъул коалициялъул гІахьалчагІи ва рахъ кколел. Ахирисеб гІуцІи сириялъул халкъалъул легитимияб вакил букІин къабул гьабуна гьаб анкьалда 114 улкаялъ.

«Эркенаб миллияб мажлисалъул» нухмалъи гьабулеб хасаб идараялъул бетІерлъун вищун вуго премьер-министрлъун вукІарав Рияд ХІижаб.

БачІунеб информациялда рекъон, Дамаскалда сириялъул армиялдаги оппозициялъул къуватаздаги гьоркьор тунка-гІусиял халат рахъунел руго. Гьел унел рагІуна гьединго президентасул кІалгІаялда аскІорги.