Гъабардагун Балкариялда чΙван вуго цо полициялъулав

Гъабарадагун Балкариялъул Эльбрус мухъалда рузман къоялъ радал чΙван вуго цо полициялъулав. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго республикаялъул цΙехх-реххалъул идараялъ.

Цебесеб къоялда гьеб мухъалда Тырнауз шагьаралда хасаб операция тΙобитΙулеб мехалда тагΙинавун вуго 4 боевик. Хун вуго гьединго цо полициялъулав, кΙигояв лъукъун вуго.