Навальныяс нахъ чΙвалеб буго такъсирияб иш рагьиялъул информация

Оппозициялъулав Алексей Навальныяс лъазабуна, жинда щибниги лъаларин жинда хурхун такъсирияб иш рагьиялъул хΙакъалъулъин. Гьединб хъвай-хъвагΙай гьес гьабун буго Твиттералда.

Рузман къоялъ радал Россиялъул цΙехх-реххалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница лъазабун букΙана, Алексей Навальныясда ва гьесул вац Олег Навальныясда хурхун такъсирияб иш рагьанин, макру-хΙила гьабиялъул ва къанунияб гуреб къагΙидаялда щвараб гΙарцил легализация гьабиялъул гΙайибги гΙунтΙизабун.

Маркинил рагΙабазда, вацал Навальныяз юк баччиялъул сфераялда бикъун буго 55 миллион гъурущ.