МахΙачхъалаялда чΙван вуго лъабго боевик

МахΙачхъалаялда ч1ван вуго лъабго боевик. Гьелъул х1акъалъулъ лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Хамис къоялъ маркΙачуда жал щалили лъаларел кьвагьдун руго полициялъул патрулалъул машинаялде ва г1амал гьабун буго лъутун рахчизе. Амма полициялъулазда бажаранин гьел жанире к1анц1араб рукъ сверун ккун, гьел таг1инаризеян, лъазабулеб буго пресс-хъулухъалъ.

Полициялъулазда гъорлъ камиял гьеч1о.