Чонтаулалда дагьалъ хутIана хъизан бухIизе

Чонтаул росу.

Инсанасул ихтирал цIуниялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб къоялъ, 10 декабралда, Дагъистаналъул прокурор Назаров Андрейги инсанасул ихтиярал цIунулейлъун республикаялда йигей вакил ГIумарова Уммупазилги щвана МахIачхъалаялда бугеб тIоцебесеб СИЗОялде.
Гьенир туснахъ гьарурал гIадамал кинал шартIал чIезарун ругелали бихьи букIана гьезул мурад. Амма гьел къварид гьарулел киналгIаги гIунгутIабиги гьечIин, лъикIал шартIалги ругин гьенирин абураб хIукмуялде рачIана гьел. Гьебго заманалда Гъизилюрт мухъалъул Чонтаулалда ккаралда тIасан щибго абичIо прокурорасги инсанасул ихтиярал цIунулелъги.


Эркенлъи Радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, гьение ун йикIана «Правозащита» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей Рустамова Гульнара. Гьурмазда маскабиги ххурал гIадамаз хIалбихьун буго 9 декабралъул сардилъ Чонтаулалдаса ХIажиева Салимат абурай гIаданалъул мина бухIизе.


Гьелъ Рустамовалъе бицун буго жиндир лъималазул лъимал – АсхIабги Шагьрудинги къваригIун ругин низам цIунулезе. Амма гъоркьисала гьез ккун вачун арав АсхIаб тIурун ворчIун вугин, гьелдаса хадув я гьев, яги Шагьрудин кир ругелали жидедагогицин лъаларила.


«Гьевги гьаз вачун ун вукIана. Гьеб бакIалдаса гIажаибго къватIиве ворчIана дов. Гьелдаса хадув «рокъов вуго, къватIив вуго» ян абулеб буго… Щиб батаниги щиб. ЖугьутIаз гIарабазе гьабичIо гьединаб жо…».


Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе ЦIумада мухъалъул Лъондодаса динияв гIалимчи ГъазимухIамадов Шагьрурамазаница. Гьесул ясалъул якьад кколей йиго дой ХIажиева Салимат. Маскаби ххурал чагIи рачIингун, жидер дурц гордухъа къватIиве тIурун ворчIун вугин бицана Шагьрурамазаница.


ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «НуцIа рахараб мехалда гордухъа къватIиве кIанцIун бажарун буго досухъа. КIиго автомобиль цIурал полициялъулал рукIун руго… Гьазул яцалъул вас рагIула гьез валагьулев. Лъутун ворчIичIевани, гьез ясалъул рос чIвалаан гьеб бакIалдаго. Цинги гьеб кинабго хъизан – лъимал – рухизеги рухун, цо рокъореги рачун, канлъиги свинабун, тIаде бензинги тIун рухIулел рукIун руго.


Гьеб мехалда къватIисан гьаркьал-жалги рахъун, гьедигIанго кватIараб мехги букIинчIого, дол къватIире ун руго… ГьитIинай ясалъул дагьалго жанисан берал, гIундул рухIун, цодагьай квеш йиго. Гьаб нухалъ нуж гьадин танин, гьаб бугин нужее цебеккун гьабулеб лъазабийилан абун ун руго».


Гьеб хъизамалъул чагIаз рикIкIунеб буго маскаби ххурал гIадамал Гъизилюрт мухъалъул полициялъул хIалтIухъаби рукIанилан.


ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Гьеб кинабго лъана нижеда. Гьеб полициялъул нухмалъулес тIадкъайги кьун рачIарал чагIи руго гьел. Гьелъие нугIзалги руго нижер. Гьев вукIун вуго абулев жидеца жанисел ишазул министерлъиялдаса хасаб ихтияр тIалаб гьабулеб бугин. Гьеб щванани, жидеца гьел рохьор ругел чагIазул гIагарлъиги мал-мулкги тIагIинабизе бугилан.


Гьаб улкаялда цогIаги чийищ гьечIев инсанасда ракIгурхIулев, дагьабниги яхI-намус чорхолъ хутIарав. ТIаде бензинги тIун лъимал, хъизан бухIизе кканани, щиб пачалихъалда нилъеца гIумру гьабулеб бугеб?!


Дицани гьанир ругел чагIазда гIайиб гьабуларо, гьел гьединаб пикруялде ккезарун руго … ГIицIго инсан вукIиналде вачIунниги гьединал пишабаздаса инкар гьабулев, дагьабниги рахIму жиндилъ хутIарав чигойищ гьечIев?».


Бицен гьабулеб хIужаялда тIасан гIарз бахъун Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалихъе щай унарелин гьикъана Шагьрурамазанида.


ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Гьелъул магIна ккола щайтIабазул гIарзги бахъун илбисалъухъе ин гIадаб жо. Щибилан гьесухъе инел? Нагагь гIарз бахъун аскIоре рачIани, абила гьерсал рицунел ругин, гьеб гьедин букIин чIезабейин кIолеб батани…


ЦIогьаби рукIун ругин нужехъе кIанцIун, ялъуни нужеца ургъун батилин гьеб кинабгойин абула. Жакъа МахIачхъалаялдаса инсанасул ихтиярал цIунулей гIаданги ячIун йикIун йиго. ЯчIиналъул щиб, бадибего абулеб бугелъул жидее гьеб ишалъе ихтияр кьун бугилан. Рагьун абулеб буго тухумго тIагIинабилилан».


Амма Эркенлъи Радиоягун букIараб гара-чIвариялда Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица инкар гьабулеб буго Чонтаулалде полициялъулал жинца ритIиялдаса.


Заирбегов АсхIабгIали: «Гьеб буго божизе захIматаб хIакъикъат. Щиб гьеб кколеб – дир тIадкъаялдалъун инеги ун минаби рухIулин, бензин тIолин абулеб жо? ТIубанго данде кколареб жо буго гьеб. Лъие бугониги цIакъ къваригIун бихьула унго-унгоги экстремизмалдагун терроризмалда данде къеркьолев полициялъул нухмалъулесда бугьтан лъезе.


Полициялъ гьединал жал гьаруларо гурищ? Гьелъул гIаксалда, лъалеб батани, нижеда рицине риччай гьез гьел чагIазул цIарал. Дида бицине бокьун батичIони, прокуратураялдагун цогидал хъулухъазул вакилзабаздаги рицине риччай».


«Кавказский Узел» агентлъиялъул баяназда рекъон, исана ноябралда Шималияб Кавказалда рагъулал тунка-гIусиязул къурбанлъун ккун вуго 67 чи. Гьезул 38-яв хун вуго, 29-яв лъукъун вуго. Гьезда гьоркьоса Дагъистаналда чIван вуго 26, лъукъун вуго 14 чи.