Бакуялда митинг

Баку бакьулъ полициялъ нахъе гъуна Халкъияб Фронт ва Муссават абулел оппозициониял партияз изну гьечIого гIуцIараб протесталъул акция.

Цо-цоял ккун руго. ГIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб букIана парламент биххизаби ва иргадулал гурел рищиял тIоритIи.

Рехсарал партиязул вакилзаби ккола Азербажаналъул ЖамгIияб палатаялъул гIахьалчагIилъун.