Мисралда ахIвал-хIал хIалуцунеб буго

Каиралда президентасул кIалгIаялда цере чIезарун руго танкабиги бронетранспортёралги. Президент МухIамад Мурсил рахъ кколезда ва гьесде дандечIаразда гьоркьоб букIараб тунка-гIусиялда хун вуго щугониги чи, лъукъун вуго 350-яв. Гьединал баянал кьолел руго сахлъицIуниялъул министерлъиялъ.
Мурсил политикиял оппонентазе рекIее гIолеб гьечIо улкаялда кинабго кверщел цо гьесухъ букIин. ГIурхъаби лъаларел ихтиярал жиндихъего росун рукIана Мурсица 22 ноябралда. Оппонентаз гьединго загьир гьабулеб буго улкаялъул цIияб конституциялда жидерго разилъи гьечIолъиги. Исламистаз ургъараб гьеб президентас тасдикъ гьабун буго. ЦIияб конституциялда тIасан референдум тIобитIизе буго улкаялда 15 декабралда.
2011 соналда президент Хосни Мубарак хъулухъалдаса рехаралдаса нахъе Мисралда гьанжесеб хIалуцин бищунго кIудияб буго.