Протестазде балагьичIого Мурси жиндирго резиденциялде тIадвуссана

Мисралъул президент МухIамад Мурси тIадвуссун вуго Каиралда бугеб жиндирго резиденциялде гьелда аскIоб демонстрация гьабулев анцI-анцI чи вукIиналъухъ балагьичIого.
Гьес резиденция тун букIана талат къоялда гьеб сверун демонстрациялде анцI-анцIазар чи вакIарараб мехалда. ГIадамаз тIалаб гьабулеб букIана Мурси нухмалъиялдаса нахъе ине. Гьелъие гIиллалъунги ккун букIана диваналъ контроль гьабизе рес гьечIеб куцалда гIурхъаби лъаларел ихтиярал жиндиего росизе гьес хIукму гьаби. Акциялъул гIахьалчагIаз гьединго загьир гьабулеб букIана улкаялъул цIияб конституциялда жидерго разилъи гьечIолъиги. Исламистаз ургъараб гьеб гьанжеялде президентас тасдикъ гьабун буго. ЦIияб конституциялда тIасан референдум тIобитIизе буго Мисралда 15 декабралда.
Мурсил политикиял оппонентаз рикIкIунеб буго гьеб конституциялъ халкъалъул киналго гъатазул ва хас гьабун диниял гьитIинал къукъабазул ва либералазул мурадал цIунулел гьечIин.