Мисралда чIезабун буго референдумалъул болжал.

Мисиралъул ТIадегIанаб Конституционияб Диваналъ нахъе бахъана парламенталъул гъоркьияб палатаялъул суал. Диваналъ дандбазе кколаан гьеб палатаялъ цIияб конституциялъул проект тасдикъ гьабиялъул иш – гьеб хIукму къануналде данде кколищ, кколарищилан абун.

Рехсараб диваналъ гьединго дандбазе буго Сенаталъул суалги.
Шамат къоялъ Мисиралъул президент МухIамад Мурсица тIад чIезабуна референдумалъул болжал. 15 декабралда Мисиралъул халкъалъ ЦIияб Конституция бищизе,ялъуни нахъ чIвазе буго.

Мурсил дандияз абулеб буго цIияб конституциялъ инсанасул аслиял ихьтярал хвезаризе бегьулин.