ГIизраилалъ Палестиналъул статус къабул гьабулеб гьечIо.

ГIизраилалъул тIадтараз хIукму гьабун буго Палестинаялъул автономиялъ гIадамазухъа босулеб магъалоялдаса 100 миллион доллар гIакIа бахъизе.

Палестиналъул 200 миллион долларалде бахунеб налъи бугин ГIизраилалъул электрикиял идарабазда цебе ва гьеб гIарац ГIизраилалъ бахъулеб бугин рехсараб налъи бецIи мурадалда, ян лъазабуна ГIизраилалъул министразул кабинеталъ ва тIаде жубана Палестиналъулгун рукIине ругел кIалъа-басаязда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ гьелъие кьураб цIияб статус ГIизраилалъ хIисабалде босизе гьечIин.