Шамалда цияб кьвагьи: 30-ялдаса цIикIкIун чи чIван вуго.

Шамалъул тахшагьар Димишкъиялда бахъараб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда лъебергогIан чи чIван вуго. АнцI-анцI чи лъукъун вуго.

Гьадин лъазабулеб буго прессалъги оппозициялъги. SANA абулеб официалияб агентлъиялъ жиндир иргаялда лъазабулеб буго гьел терактал пуланал террористаз гьарунин.